This version of the page http://www.radioerkenli.com/a/27109986.html (0.0.0.0) stored by archive.org.ua. It represents a snapshot of the page as of 2016-06-16. The original page over time could change.
ГIарац бахъизелъун полициялъ вухун вуго Дагъистаналдаса бизнесчи

МагъчIваялъе рес

  • Аслияб баяналде
  • Аслияб навигациялде
  • Балагьизе
Дагъистан

ГIарац бахъизелъун полициялъ вухун вуго Дагъистаналдаса бизнесчи

  • МахIмудова ПатIимат

  • Битlе Facebook сайталде
  • Битlе Twitter сайталде

Лъабабилеб июлалъул сардилъ щалали лъаларел чагIаз рокъореги рачIун вухун, азарханаялде ккезавун вуго МахIачхъалаялдаса бизнесчи Сулейманов АхIмадхан. Гьел чагIи къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби рукIиналда щаклъи буго гьесул, жиндихъа бизнес бахъизе къваригIарас жинде тIаде тIамун ругин гьелилан лъазабулеб буго гьес.

Рузман сордоялъ къаси кIиго тIубалеб гIадаб мехалда щалали лъаларел маскаби гьурмазда тIад ххурал чагIи рокъоре жанире кIанцIун руго МахIачхъалаялдаса бизнесчи Сулейманов АхIмадханил. Кьижаралб бакIалдаго рукъалъул хважаинги гьесул чIужуги рухизе лъугьун руго гьел чагIи. Нуж щалин, щибин нужее къваригIарабин абун цIехараб мехалдаги ярагъ кибин бугеб, гIарац киб бакIалдайин лъун бугебилан ахIдезе лъугьун руго гьел чагIи.

Жидерго хIалтIи гьабулел ругила жал, мун жидее суаал кьезе кколев чи гурин абунги АхIмадханида гIадалъ жо бан буго гьез. Жиндир цо траваматикияб таманча гурони ярагъги гьечIин, гьебги автомобилалъуб жаниб бугин, рокъоб тIокIаб кинабгIаги ярагъги букIунарин гьес абидал гьел чагIи лъималазде ахIдезе гьел хIинкъизаризе лъугьун руго.

Дуцаго гьеб бахчараб бакI бихьизабуни лъиданиги хъваларила жал, амма бицинеги бицинчIого жидедаго гьеб батани нужее цIакъ квеш ккезе бугин абун кIалалги гьикъун руго гьез. Хадубги бизнесчияс бицухъе гьесда гордухъан бихьун буго гьелго маскачагIаз гьесул мина сверун кколеб.

Ва азбаралъуб гьезул цо багъа-башариги бихьун буго. Гьениб гьез щиб бугониги къануналъ гьукъараб жо лъолеб батилин абун ракIалде ккараав гьев ахIи базе лъугьун вуго.

Сулейманов АхIмадхан: «Мина сверун бугеб къадал ракьанда цо жо лъолеб бихьана дида. Нужеца гьабулеб жо щибин, щиб гIиллайин гьаб киналъего бугебин абун дун ахIдезе лъугьараб мехалда ботIролъ жоги кьабун кIотинавуна дун.

Гьедин чанго минуталъ лъай-гIакълуялдаса арав дун чIужуялъул чIичIидиялъукье рекIеде вачIана. Гьанже гьелде тIаделъун ругоан гьел чагIи гIарац киб бугебали бицейила, бицинчIони нужер гьаниб бахчараб ярагъалъе гIоло дур рос туснахъалда туризавизе вугин, нужеда гьев киданиги вихьуларин абун.

ЧIужуялъги нуж щиб гIарцул бицунел чагIийин, гьаниб гьебги гьечIин, ярагъги гIумруялъ рокъоб букIараб жо гурин абураб мехалда, букIун бугищ гьечIищалъи бихьизабилила жидеца нужедайин абуна гьезул кIудияс.

Гьелдаса хадуб. Азбаралъувеги вачун къел ракьанда цо шифералъул кескал ругеб бакIалда гъоркьаса гьез гранатаги 3-4 патронги бахъун бачIана. Гьелдаса хадуб цо кагъат бачIана дихъе гъоркь гъулбасейиланги абун. Гьеб ярагъ нужеца лъугьинин гьениб, дица сунданиги гъулбас лъезе гьечIин дица абураб мехалда нахъасан ботIролъ жоги бан лъай – гIакълуялдаса инавуна дун».

Гъулбас гьабизе кагъат бачIараб мехалдаги гьел чагIазул цохIонигияз жидерго я цIарал рицун гьечIо, яги цониги документ бихьизабун гьечIо.

Вигьараб мехалда Сулейманов ватун вуго МахIачхъалаялъул Кировский мухъалъул жанисел ишазул бутIаялда. Гьениб полициялъул хIалтIухъабаз лъазабун буго гьесда дур рокъоб изнугьечIого цIунараб ярагъ батун бугин, гьединго дуца изнугьечIого яргъидгIуцIаразе кумек гьабулеб бугин абурал баянал ругин жидехъилан.

Гьел хIужабазда рекъон дуда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьизе бугилан. Гьенив рекIедаса арав гьев бизнесчи азарханаялда гурони вигьун гьечIо. Тохтурзабаз лъазабулеб буго гьесул ургьи-мес тIу-тIун бугила, гIадалнахуе зарал ккун бугин, кIиго бакIалдасан бетIер ва гъеж бекун бугилан. Гьесул цояб ургьисалалъе цIакъго кIудияб зарал ккун букIиналъ гьеб нахъе босизегицин ккезе бегьулин абулеб буго гьез.

Живго Сулеймановас гьеб иш жиндирго бизнесалда бухьинабулеб буго. Гьев вуго Дагъистаналда батIи-батIиял базаразда оптом къайи бичулел чанго бакIалъул бетIергьан, гьединго бетон гьабулеб жиндирго заводги буго гьесул.

Гьес бицухъе щибниги диналдехун хурхен бугев чиги гьечIо гьев, киназдаго лъалила жив гьекъолев, хъалиян бухIулев чи вукIин, киданиги гьел экстремистазулгун хурхенги букIинчIила жиндирин абулеб буго гьес.

Гьел рохьилаз кIиго соналъ цебе «флешкаги» битIун гьесухъа гIарацги тIалаб гьабулеб букIун буго. 4 къоялда жаниб дуца I00 азарго доллар бачIинчIони жидеца дур тукаби кьвагьизаризе ругин хIинкъалаби кьолел рукIун руго гьез. Гьеб мехалда Федералияб хIинкъигьечIолъиялъул идараялде ун вукIун вуго гьев гIарзаги хъван. ТIокIал гьел экстремистазул рахъалдасан щибниги ругьелги бачIун букIун гьечIо гьесухъе.

Гьанже гьел къуваталъул идарабазда жиндир бугеб бизнесги ресги бихьараб мехалда, багьа-багьана батун жиндихъа гIарац бахъизе къваригIун бугин гьезиейилан абулеб буго АхIмадханица.

Гьелъие гIоло ургъунго реххараб жо бугила гьез жиндихъе гьеб ярагъилан лъазабуна гьес. Сулеймановас гьел къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазе жинда гьечIеб гIайиб тIадчIезабизе къваригIун бугин, къанунги хвезабун жиндир рокъоб чIухь банин гьез ва жив вуханин абун гIарза хъван буго Дагъистаналъул прокуратураялде.

Гьесул адвокат Наида МухIамадовалъ гьелда хурхун гIарза Россиялъул президентасда цебе гIуцIараб инсанасул ихтиярал цIунулеб идараялъул бетIер Элла Панфиловалъухъеги хъван буго кагъат.

Гьеб Сулеймановасул ишалда хурхун Дагъистаналъул жнисел ишазул идараялъухъан баян щвечIо «Экренлъи» радиоялъе.

Хурхен бугеб

  • ГIарац бахъизелъун полициялъ вухун вуго Дагъистаналдаса бизнесчи

Back to top
XS
SM
MD
LG