Кавказалъул Къилбар
-
Декабралъул 07, 2014
Алиса Ганиева: "ЦIвайищ кIибетIераб цIумищ патриотазул гIаламат?"
Гьалкъояз Sueddeutsche Zeitung абулеб Германиялъул газетаялда къватIибе бахъун буго хъвадарухъан дагъистанияй Ганиева Алисал цо макъало. Хадуб макъало гIурус мацIалде буссинабун, загьриабун буго Россиялъул Иносми сайталда. Авторалъ жиндирго Facebook-алда абулеб буго гьелдаса нахъе кIудияб ахIи-хIур багъарун бугин. Жинде гIунтIизабулеб бугин советияб заман какиялъул ва Шималияб Кавказалда яргъид гIуцIарал бусурбаби бахIарзал хIисабалда рихьизариялъул гIайиб.
-
Июлалъул 13, 2014
Дунялалъул ТIoцебесеб рагъ ва Кавказ
Дунялалъул тIоцебесеб рагъ дагъистаниязе чияр рагълъун букIун гьечIо. Гьелъул хIасилалда борчIана Кавказ халкъазул миллияб бичIчIиги.
-
Июналъул 01, 2014
«Буюрана кIочон тезе»
Гьалкъояз Истанбулалда тIобитIана ГIурус-Кавказалъул рагъ лъугIаралдаса 150 сон тIубаялда хурхараб жамгIиябгун-гIелмияб конференция. Гьелъулъ гIахьаллъи гьабуна жибго Кавказалдаса рачIарал гIалимзабазги, жамгIиял хIаракатчагIазги, къватIисел улкабазул тарихчагIазги, ХIХ гIасруялда Туркиялде гочарал мугьажирзабазул наслудул чагIазги. Дандбалеб букIараб аслияб суал –жакъа Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIал. Киналго гIахьалчагIи абулаан гьениб геноцид халат бахъунеб бугин. Гьелъие гIемерал мисалалги рачIун рукIана.
-
Февралалъул 16, 2014
ГIумру бичун босулеб эркенлъи
«ГIурхъаби лъаларел репортерал» абулеб инсанасул ихтиярал ва рагIуе эркенлъи цIунулеб халкъаздагьоркьосеб гIуцIиялъ жиндирго иргадулаб докладалда абулеб буго цересел Совет Союзалъул республикабазда ахIвал-хIал соналдаса соналде квещлъулеб бугин.
-
Январалъул 05, 2014
Шамил Имам ва Барятинский
Исана тIубала 155 сон имам Шамилил нухмалъиялда гъоркь унеб букIараб гъазават Гъуниб магIарда ахиралде щваралдаса. Гьеб тарихияб хIужаялда пачаясулги советиялги тарихчагIаз абулеб букIана имам Шамил кверде восиялдалъун рагIалде бахъараб гIурус аскаразул бергьенлъиян.
-
Октябралъул 15, 2013
Дагъистаналъе генералал къваригIун гьечIо
Ахираб заманалда прессаялдасан рагIизе бегьулеб, гьединго Россиялда тIоритIулел батIи-батIиял данделъабазда гьоркьоб лъолеб суаллъун лъугьун буго Шималияб Кавказалда бугеб жамгIиябгун политикияб ахIвал-хIал.
-
Октябралъул 06, 2013
«Щал нилъ, киса, кире унел?»
Миллияб хаслъиялъул ва миллияб бичIчIиялъул гъваридаб кризис бихьулеб буго Шималияб Кавказалъул республикабазда, хасго Дагъистаналда. Гьадин абулеб буго Россиялъул ГIелмабазул Академиялда цебе бугеб этнологиялъул ва антропологиялъул институталъул гIелмияв хIалтIухъан Ярлыкапов АхIмадица. Гьалкъояз гьес гIахьаллъи гьабуна Чехиялъул ГIелмабазул Академиялъул гьанжесеб тарихалъул институталъ гIуцIараб конференциялда.
-
Июлалъул 13, 2013
Иран: некIсияб маданият ва гьанжесеб беццлъи
Соназда жаниб гIемер бицулаан Ираналъул атомияб программаялъул хIакъалъулъ. Халкъаздагьоркьосеб жамагIаталъул рахIат хвезабулеб буго гьелъ. Аму буго цоIги кIвар цIикIкIараб суал Ираналда хурхараб. Гьеб ккола гьелъул къватIисеб политкаялъул суал. Ираналъ кIудияб хIаракат бахъулеб бугин ГIагараб Машрикъалъул ва ГIараб дунялалъул улкабазе асар гьабизецин гуребги, хIатта гьезул жанисел ишазде гъорлъе жубазе.
-
Апрелалъул 18, 2013
«Мекъаб тарихги буго - колониалияб политика»
Дагъистан хIадураб буго Россиялде гъорлъе иналдаса 200 сон тIубай кIодо гьабизе. Гьадинаб лъазаби баккана гьалкъояз прессалда. Ва гьединаб жигаргун цеве вахъана республикаялъул бетIерлъун заманалъ тIамурав ГIабдулатIипов Рамазан. ГIелмияб рахъалъан гьеб гъалатI бугин абулеб буго цо-цо гIалимзабаз.
-
Апрелалъул 17, 2013
Генал: нацIцI хвезелъун чухъа бухIулеб буго
Араб хамиз къоялдаса нахъе Генуб росулъа батIи-батIиял баяназда рекъон лъабазаргоялдаса щуазаргоялде щвезегIан чи викьа-виххун вуго Дагъистаналъул батIи-батIиял шагьаралгун росабалъе.
-
Декабралъул 16, 2012
Журналистал чIвай – Россиялъул пашманаб гIадат.
Нью-Йоркалда штаб-квартира бугеб Журналистал ЦIуниялъул Комитеталъ гьаб анкьалда лъазабуна тIолго дунялалда жанир тIамурал журналистазул къадар баханин мисал гьечIеб рикIкIеналде: батIи-батIиял улкабазда 232 журналист жанив вуго гьабсагIат.