This version of the page http://www.radioerkenli.com/a/26675747.html (0.0.0.0) stored by archive.org.ua. It represents a snapshot of the page as of 2016-05-04. The original page over time could change.
Дербенталда парахалъи гьечIо

МагъчIваялъе рес

  • Аслияб баяналде
  • Аслияб навигациялде
  • Балагьизе
Дагъистан

Дербенталда парахалъи гьечIо

  • МахIмудова ПатIимат

Дербент

  • Битlе Facebook сайталде
  • Битlе Twitter сайталде

Дербент мухъалъул нухмалъи хисиялда бан мухъалъул жамагIат кIийиде бикьун буго ва тIолабго мухъалдаго хIалуцараб ахIвал-хIал жеги цIунун буго. Гьедин лъазабулеб буго бакIалъул гIадамаз. Гьез абулеб буго мухъалъул бетIер хисиялда бан гьениб гъалмагъир ккеялда хIинкъи бугила жидерилан.

Гьал къоязда Дербент мухъалъул бетIерасул ишал тIуразе тIадкъана гьебго мухъалъул Татлярский абулеб совхозалъул нухмалъулевлъун вукIарав ХIажиев ЯхIияда. Гьесдаса цебе мухъалъул бетIерасул ишал тIуразарулел рукIана ГIали Хасбулатовас. Гьев кколаан моцIгIан заманалъ цебе жиндирго хъулухъалдаса букIине кколелдаса цIикIкIун пайда босиялъул гIайибги гIунтизабун заманалъ хIалтIудаса нахъе гьавурав Дербент мухъалъул бетIер Къурбанов Къурбан хисулев. Гьеб мухъалъул тIалъиялда ахираб заманалда ккарал-хиса басияз гIемераб ахIи-хIур бахъинабуна. Гьоркьоса къотIичIого тIоритIулел рукIана Къурбановасул рахъ ккуразги, гьесда данде ругезги митингалги данделъабиги.

Къурбановасул рахъккураз лъазабулеб букIана мухъалъул мажлисалъул депутатал республикаялъул тIалъиялъул вакилзабаз хIалицаго данде гьарулел ругила. Гьез мухъалъул бетIерасул ишал тIуралев ГIали Хасбулатовасул бакIалда ЯхIия ХIажиев вищизе къваригIун бугила республикаялъул тIалъиялъейила. Гьединлъидал депутатазде тIадецуй гьабулеб бугила, хIатта рокъо-рокъоре ун, хIалицагоцин рачунел ругила гьел депутатазул данделъиялдейилан лъазабулеб букIана дербент мухъалдаса гIадамаз. Кинги депутатал ракIаризе кIвечIеб мехалда тIалъиялъ жидерго хIукму рагIалде бахъинабиялъе цойгидаб нух балагьанин бицана «Эркенлъи» радиоялъе «Дербентские известия» газеталъул бетIерав редактор ХанмухIамадов МухIамадица.

ХанмухIамадов МухIамад: «Хасбулатовас цин хъулухъалдаса вахъана Дербент мухъалъул бетIерхисулевлъун вукIарав Султанов Султан, гьесул бакIалда тIамуна ХIажиев ЯхIя. Гьелдаса хадуб живго Хасбулатов унтун вугинги абун рокъов чIана, гьесул бакIалда заманалъ мухъалъул бетIерасул ишал тIуралевлъун ЯхIя ХIажиевги ккана. Гьединаб схема гIуцIана Дагъистаналъул тIалъиялъ щиб гьабунги Къурбановги гьесул рахъалда ругел гIадамалги мухъалъул тIалъиялдаса нахъеги реххун, гьенив жидерго чи тезе. Гьедин гьабураб мехалда гьезие я депутатал къваригIинчIо, я гьезул пикруялъул ургъел гьабизе ккечIо. Гьеб кинабго бихьараб мехада гIадамазулги разигьечIолъи камилищха. ЦIакъ захIматаб хIал буго гьаб сагIат мухъалдаго, щибдай ккела кинадй букIинайилан абун балагьун чIун руго киналго, амма кидагIалъан гьедин хутIилебали лъаларо. Бокьараб мехалда байбихьизе бегьула гъалмагъирги, тунка-гIусиялги. Гьедин цIакъ хIалуцараб хIал буго гьаниб киса-кибего».

МухIамад ХанмухIамадовас абулеб буго къануналда рекъон жиндирго болжал лъугIизегIан Къурбанов Къурбанги хъулухъалда тун, гьелдаса хадур рищиялги тIоритIун, гьенир бокьарав чиясе гIахьаллъи гьабизе ресги кьун хисун букIарабани мухъалъул тIалъи, халкъалъул тIадкIалъай букIинароанилан. Къурбанов рокьуларелги гьев рихаралги гIадамал гIезегIан ругила, гьесулги лъикIалъи квешалги рахъалги кигIанги ругила, амма республикаялъул тIалъиялъ гьениб бокьа-бокьараб гьабизе лъугьиналъ ццин бахъинабунила гIадамазулилан.

Дербент мухъалъул мажлисалъул депутат Муслимов Юсупица «Эркенлъи» радиоялъе бицана республикаялъул тIалъиялъул вакилзабаз, ЯхIия ХIажиев мухъалъул бетIерлъун вищиялъе гIоло депутатал хIалицаго ракIарулел рукIанин абураб баян гьересияб бугилан. Гьединго депутатас абулеб буго ХIажиев хъулухъалде вачIиналда разигьечIеле чагIи ругила жидерго хъулухъаздаса пайдаги босун цIогьодун, жидеего бокьа-бокьараб гьабулел рукIаралилан.

Муслимов Юсул: «РазигьечIого ругоха мухъалъул бюджет бикъулел рукIарал хIакимзаби, тIокIал гьеб бакIалъул нухмалъиялда ккараб хиса-басиялдаса разигьечIев чи дида лъаларо. КигIан лъикIав вукIаниги бетIер зама-заманалдаса хисизе ккола. 50 соналъ цо хъизаналъухъ букIине кколин Дербент мухъилан абун хъвараб бакIги кибниги гьечIелъул. Дун я Къурбановасул яги ХIажиевасул рахъккурав чи гуро. Дие къваригIун буго дир мухъги цебетIезабун бажарулев, гIадамазул гIумруги лъикIлъизабун бажарулев нухмалъулев вукIине гьанив. Депутатал хIалицаго дандегьарулел рукIанила ГIабдулатIиповасул чагIазилан абиги гьеб гьереси буго. Дун дандчIвана 24 депутатгун, я дун я гьезул цохIонигияв хIалицаго данделъиялде ахIун вукIинчIо».

1998 соналдаса нахъе Дербент мухъалъул бетIерлъуда вукIарав Къурбанов Къурбан хъулухъалдаса цIикIкIун пайда босиялъул ва пачалихъалъул ракьал ричиялъул гIайибги гIунтIизабун цIех-рех лъугIизегIан кIиго моцIица рокъов туснахъ гьавун вуго. Гьесдаса цеве Дербент мухъалъе 40 гIан соналъ нухмалъи гьабуна гьесул эмен Къурбанов СагIидицаги.

Хурхен бугеб

  • Дербенталда парахалъи гьечIо

  • ГI. Ибрагьимов: "НекIсияб Дербенталъул куцалъе хIинкъи буго."

  • Дербенталъул хъала

  • Къурбан Къурбанов нахъе витIана

  • Дербент мухъалъул бетIер 2 моцIица рокъов туснахъ гьавуна

Комментариял рихьизаре

Back to top
XS
SM
MD
LG