Дир Ихтиярал-Дир Эркенлъи
-
Марталъул 20, 2016
Кьвагьизе бегьулеб минаялда тIад...
Россиялъ Сириялдаса нахъе рачана рагъулазул цо бутIа. Улкаялъул бутIруз лъазабуна, цере лъун рукIарал масъалаби тIуразарунин. ГIемерисел экспертаз абулеб буго, гьеб кколарин Россиялъе, гьелдаго гъорлъ Шималияб Кавказалъул регионалъе «Исламияб пачалихъ» гIадал баянго террористиял гIуцIабаздаса хIинкъиял хутIичIин абурабин. Киналха ругел гьел хIинкъиял?
-
Марталъул 05, 2016
ГIададагосел хIинкъиял яги щай Къадировас чалиялда тIил бахъулеб?
«Рамзан, унге мун нахъе!» Гьединаб ахIигун тIубараб акция тIобитIулеб букIана гьаб анкьалда интернет-гIатIилъиялда. Чачан республикаялда щибаб къойилго гIадин хъулухъчагIаз, жамгIиял ва диниял хIаракатчагIаз гьарулел рукIана лъазабиял, гьаруна батIи-батIиял тадбирал. Живго Къадировасни абулеб буго, жиндир болжал рагIалде бахъанин, жив хIадурав вугин нахъе ине ва гьединал «тIалабал» загьир гьаричIого тани, лъикI букIинаанин. Амма цо-цо экспертаз абулеб буго, жакъа чачаналъ загьирлъулеб багъа-бачари кколин политикияб кIигьумерлъиялъул спектаклин.
-
Февралалъул 15, 2016
Экскаваторалгун гьитIинаб бизнесалде данде...
Москвалъул нухмалъиялъул хIукмуялда рекъон, тахшагьаралда биххизабулеб буго къануналде данде кколареб къагIидаялда, гьересиял документал хIалтIизарун бараблъун мэриялъ рикIкIараб нусгоялдасаги цIикIкIун объект.
-
Январалъул 03, 2016
КIалги къан чIараб прессаялъул суалал гIемер рукIунаро
Киб ва кинаб букIунеб эркенаб пресса?
-
Декабралъул 11, 2015
«Дунялалда жужахI батани, дун гьенив вугоха» (2 бутIа)
«Дица жужахIалдаса ахIулеб буго», - ян абуна сардикь дихъе телефоналдаса ахIарав чияс.
-
Ноябралъул 22, 2015
«Дунялалда жужахI батани, дун гьенив вугоха» (1 бутIа)
15 соналъ цебе рагIалде бахъана чачаназул кIиабилеб рагъ. Жакъа республикаялда ахIвал-хIал буго Рамзан Къадировасул администрациялъул тIолабго контролалда гъоркь. Рагъ лъугIана, амма Россиялъул туснахъазда хутIулел руго пачалихъиял къуватазде дандечIеялде кинаб гIаги яги битIахъеб хурхен гьечIел нус-нус чачанал. Туснахъазда гьезие чIезарурал шартIал жужахIалда гIадинал ругин, бицунеб буго жиндирго хасаб программаялда Эркенлъи радиоялъул журналист Амина ГIумаровалъ.
-
Октябралъул 18, 2015
Дагьаб лъалеб гIан, макьу халатаб букIине батила...
«Яхтабазулги виллабазулги хIакъалъулъ» абураб тIокцIар кьун буго информалатаз баккизе бегьулеб цIияб къануналъе. Дагьалъ цебе Федералияб хасаб хъулухъалъ загьир гьабуна цебелъей пачалихъиял хъулухъчагIазул малмулкалъул, яхтабазул, хасал аэропланазул ва цогидалъул балъголъи гьабизе рес кьолел къанун бахъизе къварагIелалда хурхараб.
-
Сентябралъул 21, 2015
Байрам лъугIана: некIсияб Дербенталдаса жакъасеб Дербенталде
Дагъистаналъул талъиялъ ва жамгIияталъ унго-унгояб кIудияб байрамалде буссинабуна Дербенталъе 2000 сон тIубай. Интернеталда жидерго пикраби загьир гьарулез абулеб буго, гьеб республикаялъул имиджалъе цIакъ лъикIаб хIужжа кколин. Гьединаб пикруялда цо рахъалъан разилъулел рукIаниги, нижер радиоялъе комментариял гьарурал экспертаз кIвар буссинабулеб буго хасго республикаялъул хIакъимзабазеги бокьулел батIи-батIиял юбилеязул, байрамазул тадбиразул цогидаб рахъалда бугеб хIакъикъаталде.
-
Сентябралъул 03, 2015
КьабичIого хутIараб цIумур
Гьаб анкьалда Россиялъул шагьаразда ракIалде щвезаруна 11 соналъ цебе Бесланалъул трагедиялъул къурбаналлъун лъугьарал. Россиялъул тарихалдаго бищунго кIудиябги вахIшиябги терракталъул хIасилалда хвана 300-ялдасаги цIикIкIун чи, гьезул бащалъиялдасаги цIикIкIун къадар буго лъималаздаса. Гьеб лъугьа-бахъиналда сверун тIалъиялъ байбихьудаса гьерсал рицине байбихьанин абун, хIакъикъат баянлъизабизе, жидерго цIех-рехх гьабиялъул марадалда къурбаназул улбуз рагьана "Матери Беслана" абураб гIуцIи. Амма жакъаги улкаялъул нухмалъиялъ теракталъул гIайибиязул цIарал рехсечIо. Кинал гIаги официалиял хъулухъчагIи жавабчилъиялде цIачIо.
-
Июлалъул 21, 2015
РГВК "Дагъистан": баянлъи гьечIеб "гьужум"
МоцIалъул байбихьуда Дагъистаналда Жанисел ишазул министерлъиялъ жиндирго идарабазул цояб тIамуна РГВК «Дагъистан» телекомпаниялда хал-шал гьабизе. Гьеб хIужа хутIизе бегьулаанин кинабгIаги кIвар кьечIого, гьелдаса цебесеб къоялда гьелъул эфиралда Дагъистаналда гьеб министерлъиялъул системаялда хIалтIизарулел вахIшиял къагIидабазул бицун букIинчIебанийин хъвалеб буго интернет-гIатIилъиялда жидерго пикраби загьир гьабулезул цояз.
-
Июлалъул 06, 2015
Полициялъул ресал гIатIилъизариялдаса инсанасул ихтиярал мукъсанлъизариялде
Пачалихъияб Думаялъ къанунал хъачIлъизариялъул нух бищун букIиналде къвар буссинабулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулел гIуцIабаз. Гьезул пикруялда, ахир-къадги гьедининаб хIаракатчилъи, цо рахъалъан босани, буссунеб буго низам цIунулеб системаялъул идарабазул ресал гIатIилъизариялде, цогидаб рахъалъан, гIагсалда, гIадатиял гражданазул кьучIиял ихтияраздацин гIорхъаби чIезариялде.