This version of the page http://www.radioerkenli.com/a/26886225.html (0.0.0.0) stored by archive.org.ua. It represents a snapshot of the page as of 2016-03-16. The original page over time could change.
«Диниял экстремистал»

МагъчIваялъе рес

  • Аслияб баяналде
  • Аслияб навигациялде
  • Балагьизе
Дагъистан

«Диниял экстремистал»

  • Зульфия ХIажиева

  • Битlе Facebook сайталде
  • Битlе Twitter сайталде

Гьал къоязда МахIачхъалаялда букIараб терроралда данде чIараб комиссиялъул данделъиялда загьир гьабуна жанисел ишазул министерлъиялъ гIуцIараб сияхI. Динияв экстремист хIисабалда вихьизавурав кIиазариде гIунтIун чи рагIула гьенив.

Гьединго Шамалде рагъизе ине рес бугел гIадамазулги бугила хасаб сияхI. Гьенивги 50 вугин абуна Арсен ХIусенов абулев хIакимчияс. Гьев ккола МахIачхъалаялъул жанисел ишазул бутIаялъул нухмалъулев хисулев. Шамалде гьел чагIи МахIачхъалаялдасан унеб маршрутги чIезабун буго низам цIунулез – Азербайжаналдасан Египеталде, яги Азербайжаналдаса Туркиялде. Гьел пачалихъазде ине виза къваригIунаро россиялъулазе.

Шамилхъалаялда тарихалъул дарсал кьолев вукIарав Унсоколо мухъалдаса ХIаскъил МухIамадовги вуго гьеб экстремистазул сияхIалде восун. Гьелъие гIиллалъун ккун буго Шамилхъалаялда бугеб базаралда жаниб букIараб гьитIинаб мажгиталде хьвадулев вукIин. Гьесда цадахъ 15 гIан чиги лъун вуго сияхIалда.

ХIаскъил МухIамадов: «Ниж щай гьаниса гъолел ругелали цIехедал, радикалияб исламалдехун гьетIи бугел чагIи ругилан абуна. Къана гъоз гьеб. МихIмар гIадин цо турпа букIана гьениб, гьебги нахъе хъухъана гьез, УРАЛ-машинабиги, полициялъулалги, диниял церехъабиги рачIун, прокуратураялда данделъизеги данделъун къана гьеб. Цинги, хIалтIулев вукIана дун, школалда тарихалъул дарсал кьолев, гьениса вахъана дун. Директорасухъе полициялъул бетIерас кагъат кьун буго дун сияхIалда вугин абураб, кIалалъги абун буго. Цинги диваналде кьун букIана дица гIарза, амма жо кколарин абуна дида, виччаларин, вачIаниги жидецайин абун батана школалдаги. Мухъалдаго сияхIалда ругел чагIи нахъе рахъизе ругин хIалтIудасайин хабар букIана, амма дун гурого тIокIав вахъарав чи дида лъаларо».

Халкъ экстремизмалде ахIулеб батичIони, чи гIицIго мажгиталде хьвадунилан гьеб сияхIалде восулевищилан гьикъиал, ХIаскъил МухIамадовас гьадин жаваб кьуна.

ХIаскъил МухIамадов: «Гъоз жидецагоги абулеб буго, мажгиталде хьвади гурони, дида тIад щибниги гьечIилан. Дие доб кIудияб мажгиталде ине бокьулеб букIинчIоха. Цинги дов цевехун полициялъул нухмалъиялда вукIарав чи лъугьунаан гIададайищдила бан бугеб доб кIудияб мажгит, доре хьвадейилан. Зама-заманалдасан чIухь балаан мажгиталда, полициялде рачунаан. Жинца хьвадизарилила нуж кIудияб мажгиталдеян вукIунаан дов полициялъул нухмалъулев. Нужее батIалъи щибин нижеца как киб баниги - цоял халатал расалги тун панкалин, щалалийин рукIунин, нижги нижеего бокьараб бакIалда чIеларищин как балелин абулаан нижеца. Гурин, жидеца ахирги къазе бугин гьеб мажгитилан чIана гъол. Къазеги къана».

Масала, Гъизилюрт мухъалдаса гIебеде ругел росабалъ 300 гIан чи восун вугин гьеб сияхIалдейин бицана ЭР-лъе цо пуланав чияс.

Гьев живгоги вуго гьеб сияхIалда. ГIумру гьабун Гъизилюрт мухъалда вуго. Амма ЭР-сан жив кIалъазавугеян абуна гьес. Щайгурелъул гьелдалъун жиндие тIадеги зарал ккезе бугила – бокьараб гIайибги тIадчIезабун полициялъулаз рачун жанир тIамизе рес бугила жал. Масала, гьедин гьабунила цо чангоясе – ярагъ батанин, щибали тунка-гIусиялъулъ гIахьаллъанин гIиллабиги рачун. Гьелгун дагIбадунги жо кколарила.

СияхIалде росизе ккани, хIажалъулеб бугин гIицIго магжил халалъиги, тIаждал къокълъигийин бицана гьев чияс. Дагъистаналда гьединал чагIазда вагьабиялин абула. Жибго исламалда гьоркьоб лъугьараб вагьабиязул рикьи официалияб куцалда Дагъистаналда экстремизмлъун рикIкIунеб гьечIониги, низам цIунулез гьел цого роцада лъола.

Гьев чияс бицана жидедагоги лъачIого лъун ратулин жал гьеб сияхIалда. Гьеб лъалин цо щибниги ккун хадуб – ГИБДДялъ ккун хадур, магIарухъе унелъул документазул хал гьабулеб мехалда. Гьедин кигIан къваригIел кканиги магIарухъе ине бажаруларин, щайин абуни магIарухъе щвезегIан лъурал постазул щибалда хал гьабулила доре-нахъе унел чагIазул. Гьединлъидал нагагьлъун эхеде ине кколев вугони, жив щуго сагIаталъ цеве унила, посталда чIезавулев вукIинги хIисабалде босун. Ялъуни бугила цойги санагIалъи гьечIолъиги – жиндирго машина гьечIев чи, цогидаз жидедаго цадахъ вачунарила гьев диниял экстремистазул сияхIалда гьев чи вукIин лъани. Гьединлъидал гIадамаз бачIинахъего гьикъулила мун гьадаб сияхIалда вугевищилан.

Низам цIунулезул пикру батIияб буго. Гьез абула лъицаниги гьукъун гьечIин официалияб куцалда рагьарал мажгитазухъе хьвадизе. Щайин цо-цо чагIи хьвадулел жидер хъаравуллъиялда гъоркь бугеб мажгиталде. Байбихьуда лъикIал хьулалгун унел ратаниги гьел гьенире, хадурккун цо хасаб пропагандаялда гъоркье ккезе рес бугин гьел.

Хурхен бугеб

  • «Диниял экстремистал»

Back to top
XS
SM
MD
LG