This version of the page http://www.radioerkenli.com/a/26813802.html (0.0.0.0) stored by archive.org.ua. It represents a snapshot of the page as of 2016-03-16. The original page over time could change.
Джума-мажгит шагьар тун бахъи хабарлъун хутIизе рес буго

МагъчIваялъе рес

  • Аслияб баяналде
  • Аслияб навигациялде
  • Балагьизе
Дагъистан

Джума-мажгит шагьар тун бахъи хабарлъун хутIизе рес буго

  • Алиса Алдашева

  • Битlе Facebook сайталде
  • Битlе Twitter сайталде

МахIачхъалаялъул Джума мажгит кватIичIого батIияб бакIалде бахъизе ккун букIиналъул бицана Рамазан ГIабдулатIиповас. Гьеб хIажалъи хурхарабги бугила рузман къояз ва гIидалъул къояз мажгиталда сверухъ къватIазда букIунеб траспорталъул хIалуциналда.

ЦерегIан къояз Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас Халкъияб мажлисалде гьабураб хитIабалда цогидал гьаризе тIадал ишазда гъорлъ рехсана цIияб Джума мажгит базе хIажалъун бугилан, аслияб куцалъ гьеб хIажалъи хурхарабги бугила рузман къоялъ транспорталъул букIунеб хIалуцин лъугIизе хIажат букIиналда.

Амма мажгит батIияб бакIалде бахъизе букIин я рухIияб идараялда, я гIалимзабазул мажлисалда лъалеб жо букIинчIин баян гьабулеб буго рухIияб идараялъул вакил ГIабдурахIманов МухIамадица. Мажгит сабаблъун нухазда лазатбахъиял ругин абиги тIубан битIараб гьечIила, гьедин шагьар бакьулъ ругел базарал шагьар тун къватIире рахъизейин бицунеб букIанила гьеб мурадалда, амма гьеб бахъичIила кибего. Гьеб иш гIумруялде бахъини абураб жоялдаги щаклъи кколила.

ХIакъикъаталдаги, гьеб мурадалда жеги кинабгIаги ракь бихьизабун гьечIин ва сияхIалде босун гьечIин баян гьабулеб буго Дагъистаналъул ракьазул кадастралъул идараялъул вакил Лабазанов УхIумаца.

Лабазанов УхIума: «Президентас абуралдаса гьеб хIужаялде сверизе заман бала, цин шагьаралъул администрациялъ бихьизабизе ккола гьеб ракьул бутIа. ГьабсагIат, нежеца мажгиталъе кинабгIаги ракь сияхIалде босун гьечIо. Жакъа МахIачхъала-Каспийск шагьаразул гьоркьолъуда ругел ракьазул план мухIканлъунцин гьечIо, цин гьеб борцун, гIорхъаби рихьизариялъул хIалтIаби гьарулеб ратизе рес буго».

ХIасил калам, ГIабдулатIиповас гьабураб лъазаби гIумруялде гIагараб заманаялъ бахъине рес гьечIила.

МахIачхъалаялда бугеб Джума-мажгит бан буго Туркиялъ бугеб цо бечедаб хъизамалъул квербакъиялъ, 1997 соналъ. 2005 соналъ лъагIан мажгиталда киналгIаги хIалтIаби гьарун гьечIо, гьенир цIигьариялъул хIалтIаби гьариялъе 25миллион гъурущ харж гьабун. Джума-мажгит гьабун буго Истамбулалда бугеб ХъахIилаб мажгиталда релълъун. Гьенив жанив цадахъго 17 000 чи хIебтIизе рес бугила. Амма жакъасеб шагьаралъул рузман базе рачIарал гIадамал киналго гуро гьенир гьунер ругел, гьелда тIадеги, хирия гIидалъул къояз рагьдацин бакI щоларин гьенибин баян гьабулеб буго МахIачхъалаялдаса МухIамадов Шапица.

МахIачхъалаялдаса къватIибехун мажгит бахъиялъ транспорталъул хIалуциналъул суал тIубаларин, щайгурелъул анкьида жаниб цоцIул букIунин рузман, гьебги чанго сагIаталъ, гьебго заманалда, къойида жаниб кIиго нухалъ нухалги къан хьвадулин президентасул кортеджин баян гьабулеб буго журналист МухIамад МухIамадовас.

Транспорталъул шагьаралда хIалуцин букIиналъе аслияб гIилла тарбия гьечIолъи бугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе тарихчи Доногъо Хаджимурадица.

Хаджимурад Доногъо: « транспорталъул лазатбахъиял рукIин бараб буго тIоцебесеб иргаялда гIадамазул тарбия гьечIолъиялда. Жакъа бокьаралъуб лъун тун машинагун унел руго, цогидазул ургъел гьабичIого, гьебго мажгиталда анцIго гали тIаде бахъизе бокьичIого кIалтIе рачIуна рачун машинаби. Щай гьеб, беццараб гьечIищ цо квегIенаб бакIалдаго машина тун, лъелго рачIин? Мажгитал гьари квешаб иш гьечIо, амма траспорталъул лазатбахъиял мажгиталда хурхарал гуро ругел. Токио, Нью-Йорк гIадал чIахIиял шагьараздаги рукIуна гьел, амма МахIачхъалаялда мажгит сабаблъун ругин гьелин аби мекъи буго. Жакъа мажгит гуро шагьар тун къватIибе бахъизе ккун бугеб, киналго административиял минаби ва хIакимчагIи, гьединго къуваталъул идараби рахъизе ккун руго шагьар тун къватIире. Кортежаз ккезарула къойида жанир кIи-кIи-нухалъ лазатбахъиял. Гьелда тIадеги киналгIаги административиял минаби сверун ккун, гьениса нухал рахан, щулалъабазда жанир чIун рукIуна. Гьел киналго шагьар тун къватIирехун рахъун, гьезул бакIалда музеял, китабханаял, паркал гьаризе бегьила. Шагьарги гIизагIан чучила».

МахIачхъала-Каспийск шагьаразул гьоркьолъиялда бугеб ракьуда минаби раялъул генералияб план исана соналда жаниб бахъун, хIадурун букIине кколин лъазабуна ГIабдулатIиповас Халкъияб мажлисалда. Амма гьениб гьаризе ругел хIалтIабазе гIарац кисан биччазе бугебали мухIкан гьабичIо.

Хурхен бугеб

  • Джума-мажгит шагьар тун бахъи хабарлъун хутIизе рес буго

  • Мажгиталдаса полициялде: ругьунаб маршрут

  • Мавлидалъул къагIидаялда аварагасде карикатурабазде данде

  • Мажгиталдаса жанисел ишазул бут1аялде

Комментариял рихьизаре

Back to top
XS
SM
MD
LG